История

История  »   Кавказская война  »   АХIУЛГОХIИЛ КЪИСА

АХIУЛГОХIИЛ КЪИСА

[опубликовано 7 Апреля 2019]

Халкъияб кечI

 

Рагъул къуват дагьлъидал, росаби чучун ккедал,

Чара хварав имамас ГIашилтIе нух бахъана.

Рагъул таваккал бугеб, гъазаваталъул агьлу,

ГIешдерил жамагIатгун, гIакълу дандбазе ана.

 

ХIалбихьарал муридал, цебехъанаб жамагIат - 

Имамасул вагIзаялъ асир гьарун рукIана.

АхIулгохI щула кквелин Шамил имам кIалъана,

Щулальул гохIда чIелин, Малачиги вахъана.

 

КIиябго гохI цIунизе муридзаби рикьана,

Малачил къапиладулъ шунусгогIан чи ккана.

Шамилил муридзаби азарилъан рукIана,

ЧIужу, лъималгин херал, нух гьечIеб гохIде ана.

 

Имам рагъухъабигун АхIулгохIде вахана,

Рагъуй хIадурлъун ругел щулалъаби рихьана.

Щибаб щулалъиялде рекъон кколел тIамуна,

ГIешдерил гохI цIунизе анцIго мурид витIана.

 

Кинабго хIалтIи тIубан, хIалхьи черхалъе гьабун,

ГохIил тIогьивги вахун, имам гIодовчIун вуго.

Киналго муридзаби,  сверун имамги ккун,

Гъазават гьабилилан, гьедун, кIалъалел руго.

 

БахIарчилъи камилаб кинабго гьалмагълъигун

ГIамирханил Малачи борхалъуде вахана.

Гьединаб хIисабалда гохIал щула гьаруна,

Рахъ-рахъалдасан рачIун, капураз сверун ккуна.

 

Шамилил мурид рикIкIун, анцIго-къого чи кколеб

Къуватги цадахъ бачун, сардар ГIашилтIе щвана.

Щибго зарар ккечIого, Шамил кверде восилин,

Гьаб бакIалдаго рагъул ахир букIине бугин.

 

РекIелъ пахрулъиги ккун, щулияб нигаталда

Рагъда гъорлъе лъугьине амраби кьолев вуго.

Кинабго рахъалдасан рагъизе байбихьана,

Рагъул аят рещтIарал сонгрода нахъа чIана.

 

Дагьалго муридзаби берзуего гIечIого, 

ГIурусазул командир кеп щун, велъулев вуго.

Воре, малгIун, велъуге, нахъа гIодизе ккелин,

ГIиял рехъабаздаса хъумур хIинкъуларебин.

 

Салдат гIемераб бугин, мун элдаса чIухIуге,

ЧIван гIодоре эл райдал, хадув гIодизе гурин.

Бачунеб накъирагун, бухулаго къалигун,

ГIурусазул команда гохI-щобазда щущана.

 

АхIулгохIде рахунел гIурусазул салдатал,

Шамилил чи хвечIого, гъурун кIкIалахъе рана.

Щулалъул гохIде араб генераласул полкги,

ХIал сварал гIиял гIадин, гохIил бакъда щапана.

 

Гъурун гIодор ран ругел рагъухъаби рихьидал,

Сардар гьагав чи гIадин, сверданхъизе лъугьана.

Гьеб хIисабалда вагъун, бергьунареблъи лъайдал,

Кинавниги командир данде ахIун, кIалъана:

 

Генераласул амру тIубазе кколин абун,

Киналго нусилбутIруз тIадебоси гьабуна.

КIиго моцIалъ рагъидал, Шамилил муридазул

Капурзабаз гъурарал дагьал чагIи рукIана.

 

Шамилил муридзабаз генераласул салдат,

РекIей бокьухъе гъурун, щобал, кIкIалал цIун руго.

Гьанже сардарас буйрухъ Щулалъул гохIде кьуна,

Щибго тун, гьеб бахъизе хIукму гьабун кIалъана.

 

ГохIда букIараб сангар рахъ-рахъалдеги щущан,

Шамилил муридзаби, гъурун, тIатIала ккана.

Щунусилъан рукIарал Малачил чукъбузулги,

Живгоги гьоркьов рикIкIун, анкьго чиясде ккана.

 

Имамасул рахъалъан тIаде кумек щвечIелъул,

Малачица анкьавго Шамилихъе витIана.

Жиндир цонигияв вас нахъе хутIун ватани,

Жиндирго сайгъатилан, хъиримги битIун ана.

 

Живго Малачи вуго гохIил ганчIида нахъа,

Бахъун хъатикь хвалченгун, гъазаваталъе къачIан.

Жиндаса батIалъараб гъежалъул ургъел гьечIо,

Черхалда тIад лъун ругел ругъназул хIисаб гуро.

 

ХIасралъи бергьун буго капурзаби гъуризе,

БацIцIадаб гъазаватгун, гохIда шагьидлъун хвезе.

Цинги капурзабазул кутакаб рохел буго,

Квер базе кIолареб гохI щванин кодобе абун.

 

ГохIил тIогьиб гIуж базе гIедегIулел руго ал,

Гьениб гъарадуй чIараб гъалбацIги лъаларого.

ТIоцеве тIаде щварав лъабго мунапикъасул,

Горболъ бараб хвалчаца, бутIрул ракьде рортана.

 

Хадув тIаде кIанцIарав щугоясда ругънал лъун,

Гьезул цо имансизас Малачида цIа лъуна.

Кисма тIаде щварабго, цIа гьалаглъун лъугьана,

ЦIадул хIал бергьинегIан, хвалчен асги чIун течIо.

 

ЦIаялъ вухIун хвезегIан, хвалчадул гIоркь биччачIев,

Алжаналъул тахида таге лачен Малачи.

ГIашилтIаса Малачи, Билалил вас МухIамад,

Хириясул  ГIалибег, ГIуркIачIиса Муртаза,

 

Сугъралъа кьокьав ГIумар, Харахьиса ГIалихан,

Гьелгун цадахъ рагъарал киналго муридзаби.

Сангаралъухъ рукIарал тIолалго гъазизаби

ШапагIат камун тоге, ХIажиясул МухIамад.

 

Щулалъул гохIда ккараб муридзабаз бициндал,

Шамил имамасулги керен ургъалил цIуна.

Жиндир мугъчIварал лучнул шагьидлъи баянлъидал,

Угьун, хIухьелги биччан, ганчIида тIад кIусана.

 

Гьеб хабар тIаде щведал, гIодулел руччабазул

БухIараб каранзулъан гьарун толел магIабаз,

ГIумруялъ мугъ рехичIел харабазул  къокъаби

КъачIан чIана рагъизе, гъазаваталде ине.

 

Гьезул беразул нурал - лъималазул лъималцин,

Ццидал цIурал ракIалгун, рахъана гъорлъ журазе.

Росал чIварал лъудбиги, вацал чIварал яцалги,

Васал камурал улбул, эмен хварал бесдалал.

 

Огь, пакъиразул угьди, абун толел рагIаби,

Щваразул ярагъ борчун, рагъизе къачIадулел.

Къуват дагьлъун кканиги, хIал лъазе биччаларел,

ХIурулгIинзаби руго хIал лъазе биччаларел.

 

Бадру, УхIудалдаги эдинаб рагъ киб кколеб,

Балагьарал хIайранлъун, гIакълуялдаса унел.

Гьанже имамулагIзам мажгиталъуве ана,

Киналго муридзаби гьенире данделъана.

 

ТIаде щвараб захIмалъи киназдаго бицана,

Гьабизе кколеб рагъул баян кодобе кьуна.

ТIокIаб гьабизе кIолеб щибго жоги гьечIелъул,

Ахирияб рухI кьезе хIадурлъеян абуна.

 

Щулалъул гохI капураз кодобе босун буго,

Кваранаб гъеж гьечIеллъун нилъги хутIулел руго.

Цинги сардарасул гуч АхIулгохIалде ана,

РикIкIен къосараб салдат тIаде бачIунеб буго.

 

Рагъуе гьунар бугел щулалъаби ккун чIела,

Чорхол чара хвезегIан, малгIуназе чучуге.

ЧIагоял кверде унге, чорхолъа рухI инегIан,

Эз инжит гьаризегIан, гъазаваталда хун лъикI.

 

Гьединаб ахIвал-хIалалъ, хIал дагьлъараб къуватгин,

КъачIан руго муридал ахирисеб рухI кьезе.

Бухулеб къолол дваргъи, къвакъвалеб зурмил гьаркьал,

ТIаде бачIунеб буго хIисаб лъалареб аскар.

 

Хвалчадул чапи буго, хучдузул тунки буго,

Ханжар бахъун кьабелел лебалал васал, ясал.

Лаиллагьан гьал руго, гьураян цоял руго,

Гъурун бараб халкъалъул угьди-зигара буго.

 

ЦIадал ран, иххал щвечIел АхIулгохIалъул гонгалъ

Лъукъарал гIадамазул бидул хIорал рихьула.

Гьел къояз гохI бихьарал лъавудаса инаан,

Гьелъул хIисаб гьабурал, гьаглъун, гIодор ккелаан.

 

Гьанир гохIда хваразул, хиялал рекIелъги къан,

Къан чIолареб чу гIадин, имам Шамилги вуго.

Цинги буюрухъ буго, АхIулгохIги реххун тун,

ЧIаго ругелщинаца къватIибе нух бахъизе.

 

Данде вачIарав малгIун, бетIер къотIун рехула,

Цеве лъугьарав пасикъ, чехь бихъун, гIодов лъола.

Гьединаб хIисабалда имам къватIив ворчIула,

ХутIарал  муридалгун  Чачанлъиялде уна.

 

Вагъун лъукъарав васгун, ругъназул цIураб черхгун,

ГохI толеб сагIаталда имам нахъ валагьана.

Баркала, нужей гохIал, гохI цIурал гъазизаби,

Баркала, гIешдерил ракь - имамасул  Истамбул.

 

Къо-мех лъикI нужей гьанже, таралин нуж нижеца,

Ццидал цIурал ракIалгун, роцIцIол цIурал ругъналгун.

Гьедин лъугIана къиса машгьураб АхIулгохIил,

Элъул тарих хъвалезе, тана нахъеги хабар.