История

История  »   Имам Шамиль  »   ШАМИЛ ИМАМАСУЛ КЪАДРУЯБ НУХ

ШАМИЛ ИМАМАСУЛ КЪАДРУЯБ НУХ

[опубликовано 7 Февраля 2017]

Хаджи Мурад Доного

 

 

Кавказалъул тарихалда жанир руго гIемер хIикматал, гIажаибал, унго-унгояб гIаданлъи жидеца бищун захIматал заманазги цIунарал, наслабазул ракIазулъа жидер цIарал кидаго нахъе хъвагIаларел гIадамал. Амма бищунго халатаб, захIматаб ва хIалхьи толареб пикру Кавказалъул хIакъалъулъ тарихалъулъ ва культураялъулъ бижана ва хутIана, имам Шамилил заманалда хурхун. Гьесул къеркьей лъугьанин абизе бегьула роценлъун, гIисинал миллатазул гIунгутIаби тIатинарулел ва гьебго заманаялъ тIолго гIаламалде бугеб   ахIилъун. Эркенлъиялъул пикруялде тIаде Россиялъул ва Европаялъул бичIчIиялъулъ  Кавказалъул асар жубана.

 

1834 соналда Шамил вищула имамлъун, амма гьес инкар гьабула имамлъиялдаса,  гьелъул бугеб кIудияб жавабчилъи бичIчIун. Гьесда чанго нухалъ нахъеги гьарула имамлъи гьабейилан, иргадулаб гьединаб гьари ва хIукму, гIемер ургъелал ва пикру гьабун,  гьес къабул гьабула ва Шамил имамлъун вахъуна. Гьелдаса байбихьана Кавказалъул кIудияб къиса.

Халатбахъараб  заманаялъ хъвадарухъабазул ва гIалимзабазул  кIвар буссун букIана гIицIго гьелде ва архиваздасангун хасал даптараздаса къватIире рахъарал тарихиял документаз ва хъвай-хъвагIаяз бихьизабуна Шамилил цевехъанлъиялда гъоркь гьабураб  Кавказалъул халкъазул бахIарчияб къеркьей, ва гьединго  мугIрузул халкъазул жамагIаталда жанир кIвар бугел хиса-басиял лъугьун рукIинги.

Имамасул гIумру бикьизе бегьула кIиго бутIаялде.

ТIоцебесеб бутIа, гьев рагъухъанлъун ва пачалихъияв хIаракатчилъун вихьизавулев, рагIалде бахъана 1859 соналъул августалда. Тарихалда гьеб хутIана талихI къараб ва бахIарчияб  заман хIисабалда – гьелъул гьумерлъун  имам Шамилги  вуго.

КIиабилеб бутIа байбихьана Гъуниб ва рагIалде бахъана ГIарабиялда. Гьеб буго гIицIго гьесул гIумру, букIараб, араб заманалъул, гIумрудал, хъизамалъул букIинеселъул, рухIелазул, ургъелазул ва пикрабазул цIураб. Гьеб заманалда гьесул аслияб мурад букIана хIежалде ин. Рехсараб заманалде Шамилил цIар дунялалъулго тарихалда хъван букIана.

Шамилил хIакъалъулъ тIаса-масаяб пикру бугел цо-цо данде чIараз тамашаяб куцалда тIадчIей гьабула имам Гъунив  хвезе кколаанин.

Щайха хвечIев Шамил Гъунив?

1830 соналъул хасало, имам ГъазимухIаммадил аскаралъулъ вукIаго, Хунзахъе гьабураб чабхъадул заманаялъ, чанго гъазаватчагIигун цадахъ Шамил чанго сверун ккола. Гьеб букIана Кавказалъул хадусеб тарих тIубан батIайиса ккезе рес букIараб лахIзат – Шамилил гIумру зараялда бан хутIун букIараб. Амма Шамил чIаго хутIана.

Щайха гьев хвечIев доб къоялъ?

1832 соналъул хаслихъе Генуб къварилъухъ рагъ лъун бугеб заманалда, Шамил  ГъазимухIаммад имамгун цадахъ къеркьелев вукIана гIурусазул аскаразда данде. Гьеб рагъулъ хвана имам, Шамилин абуни чIаго хутIана, хочоцаги ворлъун, бида вецIцIулев. ГIадамаз абулеб букIана, гьединаб ругъунгун чи чIаго хутIуларин, амма Шамил чIаго хутIана.

Щай гьев гьеб къоялъ хвечIев?

1839 соналъул риидал АхIулгохIда Шамилида ва муридзабазда бихьана сверун ккураб заманалъул киналго къварилъаби. Хвана гьесул чIужу ва гьитIинав вас, кIудияй яц, имгIал, ва гьес къурбанлъун гьавуна жиндир кIудияв вас Жамалудин,  аманатлъун гIурусазухъе кьун, жиндир муридзаби  хвасар гьариялъе  гIоло.

Жинда сверухъ бугеб, чи валагьизе хIинкъараб хIал бихьун, гьес жиндиегоги гьарулеб букIана гIажал: анкьго сон барав васгун цадахъ гулла-хер тIаде балеб бакIалда чIун вукIунаан гьев, цониги гулла жинда щвелародайин хьулалда.

Щай гьев гьеб къоялъ хвечIев?

ГIурусазул рагъулаб тIалъиялъ чанго нухалъ лъазабун букIана Шамилил бетIералъухъ багьа. Сардилъ тIаде кIанцIарав цо залимгун къеркьон, имам лъукъ-лъукъун вукIана ва гьес кIудияб захIматалда чIвана тIаде кIанцIарав тушман. Имам чIаго хутIана, захIматал ругъналги щун.

Гьеб къоялъ щай гьев хвечIев?

1859 соналъул август моцIалъ сверун ккураб Гъуниб Шамил ва гьесул муридзаби хвалдаса чанго галул манзилалъ гурони рикIкIад рукIинчIо. ГIемерисел ахирисеб рагъ гьабизе хIадурал рукIана. Амма имам гьел къваридал лахIзатазги  пикруялда вукIана жиндирго халкъалъул, гьелъул къисматалъул.  Гара-чIвариязде гьев ана, ахIвал-хIал хисизаби мурадалда.

Щай гьев хвечIев гьеб къоялъ?

Кавказалъул рагъ лъугIун, Калугаялда вугеб заманалда имам захIматго унтун вукIана, амма гьев, яхI гьабун, хIал лъазе толарого вукIана. Гьенир хвана гьесул   хъизан-агьлуялъул чагIи, гIемерал унтун рукIана, живго Шамил херлъулев вукIана, хIежалде ине анищазда. Гьесул ботIролъа кидаго унеб букIинчIо  лъедерлъараб жиндир хъизаналъул букIинесеб кин ккелебан абураб пикру.

Гьеб заманалда щай гьев хвечIев?

Шамил киданиги вахчичIо хвалдаса. Гьелъие нугIлъи гьабула гьесул кьалул гIумруялъ, черхалда рукIарал рикIкIен гIемерал ругъназ. Кьалул кор бокьарал рагъазулъ гьесда сверухъ холел рукIана гьесул муридзаби, наибзаби, гIагарал, амма хвалица живго Шамил восулев вукIинчIо.

Гьев релълъунев вукIана Халид бин Валидида, Аллагьасул нухда хвезе гъираялда, рагъул кор бакараб бакI бихьун, цеве кIанцIулев вукIарав ﷺ Аварагасул асхIабасда. Гьесул черхалда букIун гьечIо ругънал гIуж гьечIеб хъатгIанасебцин бакI. Амма Аллагьас гьесие хъван букIун буго, лъикьаго къечIого, жиндирго бусада хвезе. РикIкIен гIемерал ругъналгун  бусада вегун вугев  гьесда щвезе гIадамал рачIиндал, гьес гIарз бахъулеб букIун буго,  нус-нус рагъулъ гIахьаллъарав жив гьанже  бусада вегун холев вугилан.

Гьединго Шамил имамасе хъван букIун буго, боркьараб рагъда гуреб, хIурматаб бугониги чIамучIаб асирлъуда гуреб, кидаго анищ букIараб, щибав муъминчиясда тIадаб борчги тIубан,  хирияб Мадинаялда, ﷺМухIаммад авараг  вукъараб бакIалда жиндир тамашаяб гIумру рагIалде бахъинабизе.

Гьениб, Мадинаялда, бигьа гьабун къана нуцIа тIолго дунялалъул тарихалде мухIканго жиб босараб Шамилил къарнуялде. ГIадамаз тIовитIулев вукIана инсан, тIолго инсаният багъаризе гьабурав, наслабазе гвангъараб лъалкI нахъе тарав, хъвадарухъабазеги, философазеги, композиторазеги, политиказеги бечедаб хазина тарав. Гьелда тIад ургъун,  гьесул гIумрудул нухалъул жакъа къоялъги хъвалеб буго гьез.

РикIкIада Мадинаялда ахиралде щвана Кавказалъулго имам, кIудияв Шамилил заман. Гьев тIовитIана, гIадатияв чи кинигин, гIадатияб куцалда, хабада гIадатияб гамачIги лъун.  Жиндирго тарихияб даптаралда Къарахъа МухIаммад-ТIагьирица гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго: « Шамилие рахIат щвана», - абун.

Гьедин рагIалде бахъана магIаруласул хIикматаб гIумру, Генуб росулъ байбихьараб ва хирияб ракьалда, ГIарабиялда  ахир щвараб.

Шамил чIагояв заманалдаго гьесул цIар сверун букIана биценазде. Гьесул гIумрудулъ рукIана гIемерал  бергьенлъаби ва къеял, рорженал ва гъоркье рорти, рохалилал икъбалал ва талихI къарал камиял. Амма гьелда киналдаго цадахъ  гьев чи кидаго ритIухъав вукIана жиндирго бербалагьиялъе, киналго  захIмалъаби, хIалбихьиял гьес къадруялда къабул гьаруна. Гьев вукIана доб заманалда такрарлъи гьечIеб пачалихъияб гIуцIи  Кавказалда гIуцIун бажарарав чи. Доб гIасруялда гьеб букIана гIемерго цебетIураб ва гIадамазе хIажатаб чIезабулеб пачалихъ, гьединаб улка гIуцIизе кигIан мукъсанал ресал рукIаниги. Унго-унголъунги гьев вукIана пачалихъияб пикру  бугев чи, гьесул реформабаз халкъал цолъизарулел рукIана, тIолго Кавказалъулаб  пикру бижизабулеб  ва тартибалъулгун ихтияразул бичIчIи кьолеб букIана гIадамазе гьес. 1859 соналде щвезегIан  бахIарчияб къварилъиялъул цIураб гьесул гIумру  дагьабги къварилъана Гъуниб ккаралдаса хадуб.

Цоязе Шамил вуго  реццалъул кучIдул хъвазе бугеб рес, цогидазе -  хIакъирал рагIаби абизе багьана. Тарихияб цIар кIудияб бугогIан гIемер рукIуна гьев чиясул рахъалъ харбал, гьев вичIчIизеги захIмалъула, захIмалъула ричIчIизе гьесул ишал, гIадатиял роценазда данде кколарел.

Шамилил кIвар ва къимат борцине бегьула, гIицIго тIолго дунялалъулал тарихиял цIадирабазда гуребги, иншаАллагь, Къиямасеб къоялъул цIадирабаздаги.

Амма Шамил имамасе хIажат гьечIо рорхатал гIарасал, бищун лъикIаб ва кIудияб гьесул хIурмат гьабилъун букIинаан  гьесул амрабазе мукIурлъи.

«Гьесул рагъул махщалидаса къечIеб, хIикматаб къисматалъ жиндехунго цIалел рукIана культураялъул ва литератураялъул церетIурал пикраби. Дунялалдаго цIар рагIарав ва гьелда цадахъго инсанасул рес къотIиялъул кIкIалал ахаде щварав гьесул гIумруялъухъ ралагьулел рукIана, гIажаибал цIигьариязул рахасалъухъ кинигин.

Гьедин букIана АхIулгохIдаса хадубги, гьедин букIана Генуб къварилъухъ ккараб рагъдаса хадубги, гьедин букIана Гъуниб магIарда асирлъуде ун хадубги: кив-кивниги гурев, хирияб Мадинаялъул ракьалда хвана чIагояб биценлъун лъугьарав, жиндир таватур кибго тIибитIарав гьев инсан. Шамилил къеркьеялъ рижизарурал «нагIана батаял» суалал, гьесул замана тун, къватIире рачIана.    Гьев къеркьезе тIамураб «тIадегIанаб магIна» кIудияб батана гьесул гIумруялъул нухалдаса, жибго XIX гIасруялдаса. Гьеб магIнаялъ цере лъолел руго миллиябгун рухIиял хиса-басиял, зулмуялда данде къеркьеялъул хIурият, битIун ричIчIарал халкъалъул пикраби, къасдал ва заманаялъ балеб ахIуда данде кьолеб жаваб. Халкъалдехун лъикIаб бербалагьи цIунизе Шамил имамасе кумек гьабуна гьесул гIамалалъ, гIумру цогидазе гIоло кьезе хIадурав вукIиналъ ва жиндирго хIажатал цогидазулаздаса цере ккезарунгутIиялъ»

Шамил имамас ва гьесул рагъухъабаз жидерго къеркьеялдалъун империялдаса тIалаб гьабуна тарихияб, жидее хасиятаб, гIадатияб магIарулазул рукIа-рахъин цIуни, гьелъул адаб гьаби. Гьелдалъун  тIалъиялъ къабул гьабуна  улкаялда хаслъи цIунизе ккей, халкъазул тарихияб хазина ва гIадатал рикIкIине ккеялъе мукIурлъана. РукIанадай жеги  гьединал халкъал, империялда гъорлъе гьедин «ракълида» арал ва жидее гьединал ихтиярал щварал?

«Тушбабазухъе асирлъуде ккарав Шамил имам Аллагьас цIунана гьезул рахъалдаса хIакъирлъиялдаса.  Гьез хIурматалда, адаб гьабун, щвезавуна имам жидерго тахшагьар Петербургалде. Аллагьас хвасар гьаруна, имам гуревги, гьесул хъизанги…. Гьелда тIадеги, ТIадегIанас гьел гьесизаруна, рецIел тIалаб гьабичIого, имамасе пайдаялъе хIалтIизе – ахиралда гьез жидецаго щвезавуна Шамил хъизан-агьлугун цадахъ   Маккаялде, гьенирейин абуни, кутакалда къо бихьун гурони, щвезе рес букIунаро гIадамазе».

1859 соналда, Шамил ахIула Императорасул жамгIияб   библиотека бихьизе. Гьенир гьесда рихьизарула 22 батIияб мацIалда гьесул хIакъалъулъ хъварал тIахьал, батIи-батIиял заманалда рахъарал, гIурус, ингилис, паранг ва гIемер батIиял мацIазда ругел.

Гьеб  рекIее гIун батизе буго имамасе. Гьес гIезегIан заманалда халгьабула цо ингилис мацIалда хъвараб тIехьалда бахъараб жиндирго сураталъухъ. Унаго, Шамилида библиотекаялъул хIалтIухъанас цIехола, щибин гьесие бищунго бокьараб гьенибилан.

Жиндир халгьаби цIакъ гIедегIараб букIанин, гьеб суалалъе жаваб гьабун, щиб гьениб берзуе гIураб жо букIарабали бицинейин абула имамас. Амма бищунго асар гьабунин жиндие цо бакIалда гьалгощинал тIахьал ракIаризе рес букIиналъ. Имамасда гьеб заманалда лъалароан гьесул хIакъалъулъ хъварал тIахьал жеги цIикIкIине рукIин.

«Шамилил кинабго бахIарчилъиялъул бицин дун гIадинал загIипал гIадамазда гьабун бажарулеб жо гуро», - ян хъвалеб буго Гинчукьа ХIайдарбегица.

«Гьесул киналго лъикIал гIамалал гъваридго лъазари ралъад къотIи гIадинаб жо буго, гьебин абуни цониги дир заманаялъул чиясда гьабун бажарулеб иш руго. ГьечIищха гьедин?  Гьедун абизе кIола, ТIадегIанас къуват кьун, имам Шамилил киналго ишазул хъвазе ва гьел данде росизе лъугьани, гIезе руго тIахьазул гохIал».

Жакъаги гIалимзабазул, шагIирзабазул, хъвадарухъабазул, политиказул пикру ккун буго Шамил имамас.  Имам Шамилил хIакъалъулъ рагIи жеги цебе буго, гьединлъидал, бицаде жиндир гIумру сверав чиясул тарих  жеги хъван  рагIалде  бахъун  гьечIо.